конкурс стихотворений собственного сочинения о родине "Дир Ватан"

10.12.2020

                                     Дир Къах1иб

Рорхатал муг1руца жаниб бачараб,

Гъваридал к1к1алахъан лъимал чвахулел,

Г1урччинал рохьаца берцин гьабураб,

Къах1иб росу нижей-бищун хирияб.

Хириял г1адамал г1едал батила,

Дур ц1ар бахъарабго дир рак1 бохула.

Х1алт1улъ лъадарарал г1адамал г1ураб

Дие мун бокьула г1агараб росу.

Дур бац1ц1адаб гьава,гьуинал пихъал

Гьобол-гьудуласул гьабулеб къимат,

Къвариг1ел ккаралъуб маян рух1 кьезе

Х1адурал васазул росу буго дир.

Мун ч1унтизабизе,кверде босизе,

Чан гьужум гьабураб дол тушбабаца.

Гьикъе Бакъдаб бугеб доб сиялдаги,

Кин нилъер бах1арзал х1инкъи лъач1ого,

Тушбабазда данде рагъаралали,

Амма дур бах1арзал чармил рук1арал

Чармил кьурабазулъ г1едал ратила.

Бищун бах1арчиял васалги г1ураб,

Намус-ях1 бессарал ясал гьарзаяб,

Дие мун бокьула, муг1рузул т1алъи

Т1огьол мах1 гьуинаб гьайбатаб Къах1иб.

Росулъе унаго устарзабазул

Зиярат батидал гьабула дуг1а,

Цере ккурал квераз кинабго ургъел

Унин т1аса босун нахъеян ккола.

Ват1анан ах1долел х1анч1и кинниги,Хочу такой сайт

Кидаго рек1елъ мун хут1ула Къах1иб

Нилъ рижараб росу бищун хирияб

Биччанте т1егьазе г1агараб Къах1иб!

 Кеч1 х1адур гьабуна Къах1иб гьоркьохъеб школалъул 11 абилеб классалъул ц1алдохъан Мух1амадова Мариям М.


                  Дир Ват1ан

Ват1ан Ват1анилан ах1арабила

Х1анч1ицагийилан кици раг1ич1ищ?

Меседил хьуриниб жаниб таниги

Заз-хъарахъ хирияб бук1инч1ищ гьелъий?

 

Бокьула мун дие г1агараб Ват1ан

Рорхатал муг1руца берцин гьабураб

Къадруял г1адамаз ц1ар т1ибит1араб

Беричал ахаца бечед гьабураб.

 

Нижее хинлъиги рохелги кьолеб

Дир г1агараб Ват1ан-нижер Дагъистан.

Г1емерал герояз ч1ух1изабураб

Мах1ачил ц1ар лъураб тахшагьарги дур.

 

Бокьун буго дие Дагъистаналда

Кидаго бук1ине щулияб рекъел,

Киналго миллатал цолъун рук1ине

Рагъул гьаракь гьаниб раг1унгут1изе.

 Кеч1 х1адур гьабуна Къах1иб гьоркьохъеб школалъул 9 абилеб классалъул ц1алдохъан Сайпулаева Пат1иматица 

Просмотров всего: , сегодня:

Дата создания: 19.02.2021

Дата обновления: 19.02.2021

Дата публикации: 10.12.2020

Наверх
На сайте используются файлы cookie. Продолжая использование сайта, вы соглашаетесь на обработку своих персональных данных. Подробности об обработке ваших данных — в политике конфиденциальности.

ВНИМАНИЕ!

Срок действия лицензии на использования программного обеспечения окончен 31.12.2023.
Для получения информации с сайта свяжитесь с Администрацией образовательной организации по телефону +7 (928) 061-32-23

Функционал «Мастер заполнения» недоступен с мобильных устройств.
Пожалуйста, воспользуйтесь персональным компьютером для редактирования информации в «Мастере заполнения».